Ƹ̴Ӂ̴ƷАйшат НасрулаеваƸ̴Ӂ̴Ʒ
Ле г1азизав гьудул
Ну как песня, понравилась? Поделись с друзьями!
Текст песни "Ƹ̴Ӂ̴ƷАйшат НасрулаеваƸ̴Ӂ̴Ʒ — Ле г1азизав гьудул"
Вач1а гьаб дуниял к1инх1и бикьизе, к1их1и бикьизе,
К1иязего бащад бук1унеб х1алалъ, бук1унеб х1лалъ.
Муг1рул щобал ц1ураб г1азу дие те, г1азу дие те,
Авлахъго гвангъарал т1угьдул дуе те, т1угьдул дуе те
Авлахъго гвангъарал т1угьдул дуе те, т1угьдул дуе те
Ле, г1азизав гьудул, Дие мун вокьула
Дир рух1аялдаса, г1умроялдаса.
Ле, г1азизав гьудул, Дие мун вокьула
Дир рух1алядаса, г1умроялдаса.
Г1едерал лъаразул чваххи дие те, чваххи дие те,
Черх биинабулеб бакънал дуе те, бакънал дуе те.
Т1олалго ц1аязул хинлъи дуе те, хинлъи дуе те,
Хаселазул ц1орой т1убан дие те, т1убан дие те.
Хаселазул ц1орой т1убан дие те, т1убан дие те.
Ле, г1азизав гьудул, Дие мун вокьула
Дир рух1аялдаса, г1умроялдаса.
Ле, г1азизав гьудул, Дие мун вокьула
Дир рух1аялдаса, г1умроялдаса.